Last updated 1 day, 11 hours ago
Мавлид ах1иялъул х1акъалъулъ – Г1абдулгъафурил Мух1аммад х1ажи
Хlелмудул бетlергьан гlелмудул ралъад Мансурил Мухlаммад хlалимав инсан,
Хlайранлъун хутlула хlисаб гьабидал
хlал хисун лъугьуна мех- мехалда дун.
Бадруддин устарас камиль гьавурав
Сагlид афандияс
амру гьабурав,
Кlиябго тlарикъат
маянги босун дуда кодоб лъуна
кlиго муршидас.
Накъшубанд шазили
хlакъаб сильсила дудеги гlунтlана
Расуласул нур,
Асхlабзаби жинда жаниб хурхараб рахасалъул гlаркьел дуццаги ккуна.
Чlахlиял акътlабаз кьучl жинда лъураб гlарифуназ зодиб бахинабураб,
дуеги хlакълъана мухlканаб изну
Инхело росулъа Къурбанил валад.
Бадруддин афандил маъзун ккола мун
Сагlид устарасул
малъиялда къоркь,
Магlарухъиялъул муршидлъиги духъ Чlикlаса къутlбуяс вихьизавурав.
Къоло цо сон цебекун доб июнь моцlалъ цойги цlва баккана Дагъистаналда,
амру дуй гьабизе
тlаде ахlулеб
доб къо кlочонро жакъаги дида.
Гьадигlан хехго мун накълолъилилан ракlалдего кквечlо рухlияв эмен,
Рухl гlадин хирияв устар вукlана
ракlал рохизеги сабаблъун вуегв.
Аллагьасул хlукму къабулги гьабун
сапар бухьун ана ахираталде,
Дунялъул рокъор къоял лъугlиндал къокъана барзахалде Аллагь вихьизе.
Къадаралда иман лъей цо рукну ккола камилаб иман кье Бетlергьан Аллагь,
Балагьалда аскlоб сабру гьабиги Алжаналъул каву рагьулеб мифтахl.
Имангун цадахъаб сабру лъе Аллагь
гьал нижер загlипал ракlазда жаниб
Мун рази гьавулеб гlамал кье нижей
хlал кlолев Бетlергьан хlалимав Аллагь .
Амин я муджиба дагlават
Мухlаммад Гlабдулжабаров Ансалтlа росо :
Last updated 1 day, 11 hours ago