Баху Мухидинова и 🌞Къ

Description
Advertising
We recommend to visit

По рекламе:
•tg: @banktokrot_AD by @banktokrotAD
•e-mail: [email protected]

@lizochek_gribochek , @Kseniaa_LL

Реклама тгк, тт/Спам /Оскорбление - бан

4825227235

Last updated 2 days, 3 hours ago

https://t.me/rb_cooking_rb

Реклама учун админ👉🏻@rb_cooking

Last updated 5 days, 3 hours ago

КУНДАЛИК ХАЁТ ВА БАЙРАМЛАР УЧУН ЭНГ САРА РЕЦЕПТЛАР ФАҚАТ БИЗДА


Реклама бўйича мурожаат: Админ @ZamzamaS

Last updated 1 month ago

2 недели, 5 дней назад

БЕРЕГИТЕ МАМУ Воспеваю то, что вечно ново.
И хотя совсем не гимн пою,
Но в душе родившееся слово
Обретает музыку свою.
И, моей не подчиняясь воле,
Рвется к звездам, ширится окрест…
Музыкою радости и боли
Он гремит — души моей оркестр.
Но когда скажу я, как впервые,
Это Слово-Чудо, Слово-Свет, —
Встаньте, люди!
Павшие, живые!
Встаньте, дети бурных наших лет!
Встаньте, сосны векового бора!
Встаньте, распрямитесь, стебли трав!
Встаньте, все цветы!.. И встаньте, горы,
Небо на плечах своих подняв!
Встаньте все и выслушайте стоя
Сохраненное во всей красе
Слово это — древнее, святое!
Распрямитесь! Встаньте!.. Встаньте все!
Как леса встают с зарею новой,
Как травинки рвутся к солнцу ввысь,
Встаньте все, заслышав это слово,
Потому что в слове этом — жизнь.
Слово это — зов и заклинанье,
В этом слове — сущего душа.
Это — искра первая сознанья,
Первая улыбка малыша.
Слово это пусть всегда пребудет
И, пробившись сквозь любой затор,
Даже в сердце каменном пробудит
Заглушенной совести укор.
Слово это сроду не обманет,
В нем сокрыто жизни существо.
В нем — исток всего. Ему конца нет.
Встаньте!..
произношу его:
- М а м а !

Расул Гамзатов

4 недели назад
Баху Мухидинова и 🌞Къ
3 месяца, 1 неделя назад

Депутат Государственной Думы РФ Сайгидпаша Дарбишевич Умаханов

3 месяца, 1 неделя назад
3 месяца, 1 неделя назад

Риххун лъуг1ич1ел къадал

Нек1сиял рукъзабазул риххун лъуг1ич1ел къадал,
Нужер къваридаб къисмат къан буго дир каранда,
Кинал лълъимал чваххарал, кинал гьурал рахъарал,
Веказе рарал рукъзал риххизаризе к1олел.

Дуда жаниб чан къисмат къадаралъе къулараб,
Къварилъиги роххелги чанц1улдай хисардараб,
Гъанситухъ ц1аги бак1ун ц1ет1а хьаг гьалулелъул,
Хивалал ургъелалгун чан чидай г1одов ч1арав?

Гьал рукъзабахъ чанц1улдай, вас гьавун т1ох борлъараб,
Яс гьаюраб мехалда эбелалъ карщ ч1ик1араб,
Чанц1улдай херал чаг1аз г1акълудал ц1а бакараб,
Г1олилаз чан нухалъдай хабалъе гьел росарал?

Зурма-къолол къвакъвади чан нухалъдай раг1араб,
Г1одилеб маг1ил гьаракь зобалазде бахъараб,
Гьаб рокъоб лъуг1ел гьеч1еб питна-кьалдай бук1араб,
Рекъелгун талих1алъул бок1онлъундай батараб?

Г1акълу кьун Бет1ергьанас жанир тарал чаг1азда
Жакъасеб азул сипат цебего ч1олаандай,
Гьаб сипатги гьаб лъалк1ги, цересел хъулбузулищ,
Хъулбузда жаниб г1ураб г1адамил лъимадулищ?

Г1асрабазе лъалк1 тараб гьаб къваридаб къисматалъ,
Къиматал дарсал руго дир г1умруялъе кьолел.
Жал рарас реххун тедал бук1унеб х1алги бихьун,
Бак1ал пикраби руго дир рек1елъе реххулел.

Вижарасе гьабулеб хъулухъ-т1аг1ат т1аг1ани,
Т1олабго дир г1умруги ч1ваданалде сверила.
Аллагь реххун тарав лагъ, Аллагьас реххунги тун,
Реххулеб к1к1алалдаса, г1азанАллагь, ц1унаги.

Ш. Мух1идинов

3 месяца, 1 неделя назад

Сарат МухIумаева

Расул, доб таманча гьанже дихъе кье!

…Бихье таманча кье,
Кьвагьизе дихъе,
Кьурабахъе вахун,
ХъахIил зодихъе!
Таманча гIечIони
ГIарада босе
ГIергIезе гьабизе
Гьал мугIрузда тIад!
Расул ХIамзатов

Расул, доб таманча гьанже дихъе кье,
Кьурда тIаде яхун кьвагьизе дица!
Гьаб дуниялалда нижги ругилан,
Дагъистанги бугин лъазе гьабизе!
Гьаб дагъистаналъул мацIги тарихги
Жибго теян ахIи базе яхъине!
Умумуз ирсалъе кьураб бечелъи
Чорок гьабичIого чIаян ахIизе!

Бокьун буго кьвагьи зобалазда бан,
ГIинкъал беццалщинал рорчIизаризе!
Бокьун буго гьезул кьижарал ракIал
РекIелъ цIаги кунчIун чIаго гьаризе!

Кье дихъе таманча кьвагьизе зодоб,
Гьал чIегIерал накIкIал нахъе хъамизе!
Кьерхадуй гьураца росун рачIарал
Гьаз бакъулал къоял къезарилалде!
Миллатги лъаларел, мацIги лъаларел
Лъималазул гIелал гIун рачIиналде,
Умумузул гIамал, гIадат, хасият,
Хисун бугониги, тIагIунгутIизе.

Вай, гьал гIадамазул макьуго кинаб,
Зобал гъугъаниги рорчIулел гьечIел?!
Гьал дир ракьцоязул кьижиго кинаб,
ТIупан тIунаниги тIупахъе чIарал?!

Щай нуж рахъунарел, дир ватIанцоял,
ВатIаналъул ахIи рагIулеб гьечIищ?
Умумуз лъалинир лъурал хвалчаби
Къо ккедал къватIире рахъулел гьечIищ?

ВатIанги цIунизе, мацIги цIунизе
ЦIадулъе кIанцIизе нахъе къан чIечIел,
Къо ккараб бакIалда, цадахъги рахъун,
Къуватаб цолъиялъ тушман нахъ чIварал.
КъвакIараб халкъалъулъул наслаби гурищ?

Нилъерго хаслъиги, дингун гI амалги
ГIасрабаз гьалъийищ цIунун букIараб?!
Цо таманча кьея дихъе кьвагьизе,
ТIокIаб бицине дир рагIи хутIичIин!

ГьадигIан жидерго мацI - цIар рихарал
РекIеде рачIине ресго гьечIебищ?
Нужей мацI рихине херищ щун бугеб?
Яги рахьгун цадахъ загьруйищ щвараб?

Ялъуни, кинидахъ, эбелги хисун,
Тушманаищ йикIарай кучIдул ахIулей?
Бице, бице, лъица гьадигIанго цIакъ
Гьаб нужерго миллат рихинабураб?
Я кинав хирургас гIакълудал бутIа
БотIрониса къотIун нахъе босараб?
Яги цо балъгояб палата бугищ
Нижеда лъалареб, нуж жанир толеб,
Хасаб цо курс гьабун гьенир регарал,
Рихун Дагъистангун къватIир рахъунеб?

Ялъуни тушманас тарал чагIийищ
Мухьги кьун гьаб ВатIан биххизабизе??
Бице, щай рихарал нужедаго нуж?!
Щай хIарам гьабулеб эбелалъул рахь?
Щай гьадигIан нужго нужей сурарал?
Щай нужерго багьа учуз гьабулеб?

Бокьун батичIони умумузул мацI ,
ЧIухIун ратичIони тарихалдаса,
Те гьаб нижер ВатIан, нижер Дагъистан,
Гьаб бокьулез чIаго гьабизегIаги!
Те гьаб нижееги, ракь те гьаниса,
А нуж бокьаралъуй, ватIан рихарал,
Гьаб ракьалда хIетIе чIезецин нужей
Гьанже хIарамлъанин, лъута гьаниса!

Нижее бокьила умумузул ракь!
Нижеца цIунила умумузул мацI!
Гьабе инкар эбел – ВатIаналдаса -
МацI рихаразе нух цохIо гьеб бугин!

ЧIегIерал борхьазул цIуна Дагъистан,
Чорокал чудказул цIуна Дагъистан…
Расул, дур хирияб бокьулеб ВатIан,
Дуца кучIдулъ ахIун кIодо гьабураб,
Дуца дунялалда машгьур гьабураб,
БацIазги, гарцIазги, борхьазги цIуна,
Тушбабазул цIуна гьанже Дагъистан.

Балъгояб рагъ буго гьаниб гьабулеб
Умумузул мацIгун, тарих-гIадатгун,
КIоченабизехъин буго халкъалда
Жал кисан рачIарал, кинал рукIарал…

Таманча кьвагьунин ракь борчIиларо,
Дагьабги къуватаб кье дихъе ярагъ!
Я бакIаб макьилъа рорчIизарила,
Я тушбаби чIвала, я цо жо ккела!

Амма руцIцIун чIезе тIокIаб кIоларо,
ТIокIаб яхI гьабизе бажаруларо!
Я тушман чIчIинтIила, я дунго хвела,
Кье дихъе кьвагьизе къуватаб ярагъ!
20I7 с.

3 месяца, 2 недели назад

Расул Х1амзатов

Бихье, таманча кье, кьвагьизе дихъе...

Цо таманча кье, ч1у, кьвагьизе дихъе,

Дове кьурде вахун хъах1ил зодихъе, -

Гьаб дуниялалда дунги вугилан,

Дагъистанги бугин лъазе гьабизе.

Гьеб кьвагьи маг1арул

Дандерижияз

Цояз цояхъе кьун

Гъугъазабизе;

Гьаб дир т1алъиялъул

Т1алаб гьеч1ого,

Паракъат кьижарал

Рорч1изаризе.

Кьурабазул иях1

Гьород биччарал

Гьалгъан,

Гьак1к1ан к1алгун,

Ч1езе гьаризе;

Жалго г1одор ч1араб

Бак1иде рак1 гъун,

Зодор парпадулел

Гьанир рачине.

Боц1уца г1орц1арал,

Ц1огьалъ ццурлъарал,

Бац1азда, гарц1азда

Цо гарац1 базе;

Гьал мац1ихъабазул,

Х1ел-х1елчаг1азул

Х1алихьатаб ч1анда

Къине гьабизе.

Гьал пударухъаби,

Гьал гьерсихъаби –

Гьаркьагъунел гъудул

Гъугълъизаризе.

Щибжо гьекъонали

Дида лъаларо,

Гьал даим мехтарал

Ригьинаризе.

Ришват баччулелги,

Гьеб босулелги,

Аск1ор женжедулел

Гьоркьохъабиги,

Г1арза ц1алич1ого,

Кодобе босун,

Мах1сунт1улел ругел

Диванчаг1иги;

Лъай-хъваялда божун,

Инсул кумекалъ

Институт лъуг1улел

Г1олохъабиги,

Гьал чияца хъварал

Диссертацияз

Докторал гьарурал

«Г1алимзабиги»;

Гьал, трибуназда

К1алги цвизабун,

К1иго-лъабго раг1и

Жидерго гьеч1ел

Докладал гьарулел

Ораторалги;

Гьаб Дагъистаналъе

Рогьо гьабулел,

Гьелъул рак1 унтулел

Бюрократалги, …

Гьаб кьвагьиги раг1ун,

Г1енеккизе те!

Гьезда Дагъистаналъ

Абулеб буго;

Умумузул занахъ –

К1очон тоге гьел;

Балагье халкъ буго

Хурзал рекьулеб,

Хирияб дир т1алъи

К1одо гьабулеб!..

Нус-нус г1асрабазул

Г1адат тарихалъ

Тамих1алде руго

Квешлъаби ц1алел..:

…Бихье, таманча кье,

Кьвагьизе дихъе,

Кьурабахъе вахун,

Хъах1ил зодихъе!

Таманча г1еч1они,

Г1арада босе

Г1ерг1езе гьабизе

Гьал муг1рузда т1ад!

1970 с.

3 месяца, 2 недели назад

Аудио от bahu

We recommend to visit

По рекламе:
•tg: @banktokrot_AD by @banktokrotAD
•e-mail: [email protected]

@lizochek_gribochek , @Kseniaa_LL

Реклама тгк, тт/Спам /Оскорбление - бан

4825227235

Last updated 2 days, 3 hours ago

https://t.me/rb_cooking_rb

Реклама учун админ👉🏻@rb_cooking

Last updated 5 days, 3 hours ago

КУНДАЛИК ХАЁТ ВА БАЙРАМЛАР УЧУН ЭНГ САРА РЕЦЕПТЛАР ФАҚАТ БИЗДА


Реклама бўйича мурожаат: Админ @ZamzamaS

Last updated 1 month ago