? Тошкентдаги ОРИГИНАЛ олди-сотди каналига ҳуш келибсиз!
?? Эълон бериш учун: @Toshkent_Uylari_agenti га мурожаат қилинг!
? Тошкентдаги кўплаб уйлар бизнинг каналимизда
? Тел: +99894-939-80-00
Last updated 10 months ago
Last updated 2 years, 11 months ago
Маълумотлар тиббий маданиятни ошириш учун қисқа тақдим этилади ва тавсиявий характерга эга.
Реклама:
+998 78 113 10 10
☎️ Мурожаат учун 👉 @shmurojaatbot
Last updated 11 months, 1 week ago
Хирияв Аварагас ﷺ абуна:
نِعْمَتَانِ مَغْبُونٌ فِيهِمَا كَثِيرٌ مِنَ النَّاسِ: الصِّحَّةُ
«КIиго нигIмат буго жидедалъун гIадамал гуккулел: сахлъи ва эркенаб заман», - абун.
(Бухари 6412).
✨ t.me/ihsan_avar
*📰 Аs-Salam / ИХIСАН*
🔹 САЙИДЗАБАЗУЛ НАСАБ
Имам Шамилил заманалда Имаматалда букIун буго Аварагасул ﷺ наслуялъул гIадамазул гьабураб хъвай-хъвагIай. Гьеб заманалда Дагъистаналда букIун буго 70-ялдасаги цIикIкIун гьединаб хъизам. Гьезие бихьизабун букIун буго байтул малалдаса хасаб къадарги. Гьезухъ букIун буго Шамил имамас кьураб хасаб кагъатги, жал Аварагасул ﷺ наслуялъул гIадамал ругин баян гьабураб.
Инхоса ГIабдулхIамид-афандиясул тухумги букIун буго гьел сайидазул наслуялдаса. ГIабдулхIамид-афандиясул цIар буго Маккаялда, Аварагасул ﷺ хирияб насабалъул гIадамал лъазариялъул централда, «Шайих ГIабдулхIамид ад-Дагъистани» абун, гьесул ﷺ наслуялъул гIадамазул сияхIалда гьоркьоб хъван. Гьединлъидал, ГIабдулхIамидил лъималги ккола сайидал. Гьесул ясалъул вас, муфти, накъщубандиябгун шазалияб тIарикъатазул устар АхIмад-афандиги ккола гьеб хирияб насабалъул чи, Аллагьас ﷻ жиндир макъам-даража тIадегIан гьабеяв.
ГIатIидаб баян ⤵️****
https://as-salam.press/ava/29/1402438560603/
Аскlор ругезул зарал цlикlкlараб букlуна.
Гlали хlажи Кlикlуниса.
https://youtu.be/uG3WCbnaz-c?si=IMnMrOWpoxcX-fiK
ГӀалиюнил Хавасица (рахӏимагьуЛлагь) абулеб букӀана:
«Устарасе хилифлъарасе хӀасуллъулелъул бищун дагьаб буго гьев дунялалде машгъуллъи ва ахираталдаса вуссин. Цинги гьев лъугьуна тӀад речӀчӀун дунял данде гьабизе щиб рахъалъ бугониги ва тушманлъи гьабула гьеб дунялалъул боцӀиялдаса жив нахъ чӀвалев, гьелъие квал-квал гьабулев кинавго чиясдехун, гьев жиндир шайих ватанигицин».
ХӀасан-афанди قدس سره
«ТАЛХИСУЛ МАГӀАРИФ»
Алиасхаб Разаков
Балагьизе бокьаразе
➡️ https://youtu.be/m1EnVG8RSwo?si=Lob1ouAe2GYHibna
БИЩУН КВЕШАЛ ГӀАДАМАЛ.
Имам АхӀмадица бицараб хӀадисалда свалат-салам лъеяв Аварагас абулеб буго: «Дица нужеда бициниш нужер бищун квешав чи щив кколев?» - абун, гьез бицеян абидал свалат-салам лъеяв Аварагас абуна: «Гьел руго:
1. Халкъалда гьоркьоб мацІ гьабунги хьвадулел.
2. Рокьарал чагӀи, жидеца цоцаздасаги тӀезарулел гӀадамал»,–абун.
Абу Щайхица бицараб хӀадисалдаги буго: «МацІ гьабун хьвадулел гӀадамал, ТӀадегӀанав Аллагьас гьел тӀаде рахъинарула (ай къиямасеб къоялъ) гьабзазул гьумергун», – абун, ай гьабзазда релъараб гьумергун.
Гьелъул квешлъи загьир гьабун хӀадисалдаги абулеб буго: "МацІ гьабун халкъалда гьоркьов хьвадуларо зинадукьа ккараб лъимер гурони", – абун.
Бал: «Таргъиб ва Таргьиб» (277). «ШиргӀатул Ислам» (233).
. . .
«КӀИЯБГО РУКЪАЛЪУЛ ТАЛИХӀ»
ТӀелекьа ХӀафиз ГӀумарасхӀаб.
• • •
t.me/ihsan_avar
Телеграм-канал ИХӀСАН
•━━━━━༻❁༺━━━━━•
Бихьиназе яги чIужугIаданалъе чIегIераб ретIел ретIине суннатаб бугищ?
ЧIегIераб ретIел ретIи суннатаб пишаялдасан кколаро, гьеб ретIине бегьула цогидал кьерал ретIине бегьулебгIадин, хъахIаб ретIел хутIизегIан, гьеб сунатаб буго Аварагасул ﷺ хIадисалда рекъон. ГIалимзабаз абухъе, кидаго чIегIераб ретIел ретIун хьвадизе беццараб гьечIо. Бегьула хъахIал, багIарал, тIогьилал, гIурччинал мухъал ругел, гьединго батIиял кьералги. Гьелъулъ хилаф гьечIо гIалимзабазда гьоркьоб. Нилъеца рехсарал кьеразулъ карагьалъиги гьечIо. Имам ШафигIияс ва гьесул цIалдохъабаз абуна бищун лъикIаб бугин хъахIаб кьералъул ретIелилан, ибну ГIаббасидасан бицараб хIадисалда рекъон.
«ХIашияту Къайлуби» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Кидаго чIегIераб ретIел ретIун хьвадизе, хIатта хьиталцин, лъикIаб пишаялдасан кколаро», - ян.
(«МажмугI», «ХIашияту Къайлуби»)
✨ t.me/ihsan_avar
*📰 Аs-Salam / ИХIСАН*
Суннатал какал.
Муса Гереханов, мугlалим.
https://youtu.be/tM9zB5HHai8?si=0cfXeL3RI-KAF9Ms
«Кабаир» абураб тIехьалда ТIабаранияс бицана Аварагасдасан ﷺ, Абу Умаматица бицанин: «Саназде вахарав бусурбанчи, гIалим ва ритIухъав имам сан гьавичIого толаро мунапикъас гурони», - ян.
Сан гьавичIого тейги ккола гьел ралъаргъи, гьездехун хъачIго кIалъай, гьел ругел бакIалда адаб тарал жал гьари, гьел каки.
✨ t.me/ihsan_avar
*✨Телеграм / ИХIСАН*
Чадил къимат гьабичlони Аллагьас басралъи тlаде тlамулеб.
https://youtu.be/mLcXaCRXWGM?si=QppnFWRFH9W7Xk7D
? Тошкентдаги ОРИГИНАЛ олди-сотди каналига ҳуш келибсиз!
?? Эълон бериш учун: @Toshkent_Uylari_agenti га мурожаат қилинг!
? Тошкентдаги кўплаб уйлар бизнинг каналимизда
? Тел: +99894-939-80-00
Last updated 10 months ago
Last updated 2 years, 11 months ago
Маълумотлар тиббий маданиятни ошириш учун қисқа тақдим этилади ва тавсиявий характерга эга.
Реклама:
+998 78 113 10 10
☎️ Мурожаат учун 👉 @shmurojaatbot
Last updated 11 months, 1 week ago